Перейти к содержанию

ХъахӀал къункъраби

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ХъахӀал къункъраби
къункъраби

ХъáхӀал къункъраби — аваразул кӀудияв шагӀир ХӀамзатил Расулил бищун машгьурал шигӀрабаздаса цояб, шигӀру, гьес Япониялдаса вуссун хадуб хъвараб. ШигӀру буссинабун буго гӀемерал мацӀазде. ГӀурус мацӀалде гьеб буссинабуна 1968 соналъ Наум Гребневас, 1969 соналъ гьеб шигӀруялдаса гьабуна Журавли абураб кечӀ.

ШигӀруялъул тарих

[хисизабизе | код хисизабизе]

Аваразул шагӀир, ХӀамзатил Расулица «ХъахӀал къункъраби» шигӀру хъвана 1965 соналъ Япониялдаса вуссинадал. ШигӀруялъул тема ракӀалде бачӀун буго Хиросимаялда бугеб Япониялдаса ясалъе, жий Хиросимаялда гьабураб атомияб къвагьиялъул хӀасилалдалъун лейкомиялъ унтун йикӀарай, гьабураб монументалде щун, гьениб гӀемерал кагъаталъул гьарурал къункъраби рихьун хадуб.

ХӀамзатил Расул Япониялда вукӀаго, хола гьесул эбел; тӀадвуссунаго гьев вукӀун вуго эбелалъул хӀакъалъул пикрабазда, гьесда ракӀалде щун руго Севастополалда букӀараб рагъда хварав кӀудияв вац МухӀамад ва араб бакӀ лъачӀого рагъда тӀагӀарав вац Ахильчи, ракӀалде щун руго цогидал гӀагарал чагӀи кӀудияб ватаІанияб рагъда хварал. Гьел пикрабазда хъван буго Расулица шигӀру.

ШигӀруялъул леймотивлъун буго къункърабазул тӀелалду хадуб балагьи. Гьел роржунунел къункъарбаз къо лъикӀ гьарулел ругел гӀадин гьаркьалги гьарулаго «Нилъее салам кьун роржунел руго». Авторас пикру гьабулеб буго гӀумру лӀугӀиялда ва хвел бачӀиналда тӀад пикру.

ШигӀруялъул идеялъун буго гӀадамасул гӀумруялдаги хӀанчӀазул роржиналдаги гьоркьоб гьабураб релъенлъи ва хвел ахирлъун кколарин абураб пикруги.

«Кирго рукъун гьечӀин, къанабакь лъечӀин ‹...›. ХъахӀал къункърабазде сверун ратилин»...

ШигӀруялъул жанр ва композиция

[хисизабизе | код хисизабизе]

ШигӀрудал жанр буго эллегия, жиндир адабияталъулаб мазгьаб романтизмалъун кколе. Композиция гьабун буго авторасул гӀумрудал нухалъул хӀакъалъулӀ темаялда тӀасан бугеб жанисеб диалог хӀисабалда. ТӀолго шигӀруялъулӀ буго пашманлъи, гӀумруялъуо ахир букӀин бичӀчӀи. Авторасда бихбулеб буго къункърабазул тӀелалъулӀ цо манзил:

Гьезул тӀелалда гъоркь цо бакӀ бихьула -
Дун вачӀине гьаниб къачӀараб гурищ?

Гьелдалъун бихьизабун буго живго авторасул хӀал ва кинабниги шигӀруялъулӀ кьолеб бугеб пикру.

Лирикияв гьероясул сипат-сурат

[хисизабизе | код хисизабизе]

БетӀерал гьеорояллъун руго живго авторги къункърабазул тӀелги, гьезда гьоркьоб лӀугьун буго бихьулареб хурхен; живго авторасда бихьулеб буго гьесул гӀагарлъи, къисматазул релъенлъи.[1].

ШигӀруялъул текст

[хисизабизе | код хисизабизе]
Дида ккола, рагъда, камурал васал
Кирго рукъун гьечӀин, къанабакь лъечӀин.
Доба борхалъуда хъахӀил зобазда
ХъахӀал къункърабазде сверун ратилин.
Гьел иххаз хаселаз халатал саназ
Нилъее салам кьун роржунел руго.
Гьелъин нилъ пашманго, бутӀрулги рорхун,
Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда.
Боржун унеб буго къункърабазул тӀел,
Къукъа буго чӀварал гьудулзабазул.
Гьезул тӀелалда гъоркь цо бакӀ бихьула -
Дун вачӀине гьаниб къачӀараб гурищ?
Къо щвела борхатаб хъахӀилаб зодихъ,
ХъахӀаб къункъра лӀугьун дунги паркъела.
Гьелъул гьаркьидалъун ракьалда тарал
Киналго нуж, вацал, дица ахӀила.


Ралгье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • Казиев Шапи. Расул Гамзатов. — М: Молодая гвардия, 2018. — О стихотворении «Журавли»: с. 250—257.